МасихІил дарсал малъулев азарго мугІалим нужер вугониги, эмен нужер цо гурони гьечІелъул. Дун нужее эменлъун лъугьана, Рохалил хабаралдалъун дица нуж МасихІиде цолъизаруна.
Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги?
Нуж руго нижер чІухІиги рохелги!
Нужер рахъалъ нилъер Аллагьасе рецц гьабизе ккеларищ, гьесда церелъидал нужеца ниж рохизарурал!