Эбелалъ гьавуралдасаго мунагьазул цІурав дуцагийищ нижее гІакълу кьолеб бугебилан, ццин бахъун, къватІиве гъуна гьез гьев.
Нужехъе хъвазе жо гІемер букІаниги, гьанже кагъатги щакъиги нахъе лъезе хиял ккана дир. Дир хьул буго нужехъе вачІине ва, цоцазул кІал бихьун, кІалъа-ралъазе. Гьелдалъун нилъер рохелги гьарзалъила.
Вацазе ва хасго нухлулазе дуца квербакъулеб букІиналъулъ буго, дир хирияв, дур ритІухълъи.