Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Дица нужеда абулеб буго: «Гьев такъсирчилъун рикІкІина», – ян Илагьиял ТІухьдузда дир хІакъалъулъ хъван букІарабги тІубазе буго, дир рахъалъ букІараб кинабго гьанже тІубазехъин бугелъул. Дицаго бихьизабила гьесда дир цІар сабаблъун гьес кигІан гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккелебали. Амма дида ракІалде ккола Аллагьас ниж – чапарзаби, халкъалда цере чІвазе къотІарал чагІи гІадин, бищун ахиралда чІезарун ругилан. ТІолабго махлукъаталъе – малаикзабазеги гІадамазеги ниж лъугьана байрамалда халкъалъе кепалъе рагъулезда релълъарал чагІилъун. Гьединлъидалин нужее – цогидал халкъазул гІадамазе – гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун. Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго, нуж сабаблъун дие гІазаб кьолеб бугилан ракІ гІодоб чІван рукІунгейилан. Гьеб гІазаб сабаблъунин нуж бергьунел ругел. Нужер хІакъалъулъ гьединаб пикру букІинарищ дир, кидаго дир рекІелъ нужеде рокьи бугелъул. Нужедаги дидаги Аллагьасул баркат лъуна дун туснахъалъув вугеб мехалъги, Рохалил хабар тІибитІизабизе къеркьон, гьеб битІараб букІин чІезабулеб мехалъги. Балагьея, вацал, дир гьаб ахІвал-хІалалъ дагьабги цІикІкІун квербакъи гьабуна Рохалил хабар тІибитІиялъе, кІалгІаялъур ругел киналго рагъухъабаздаги ва цогидал хутІараздаги бичІчІана дида рахсал МасихІ сабаблъун ран ругеблъи. Дун жанив тІами сабаблъун ккун, гІемерисел иман лъуразул тавакал цІикІкІинабуна БетІергьанас, гьединлъидал гьезги расги хІинкъичІого халкъалъухъе щвезабулеб буго Аллагьасул рагІи.
Выбор основного перевода