Гьале дица нужеда абулеб: нуж хьваде РухІалъ малъулеб бугеб куцалда, напсалъул гьаваялда хадур инаро нуж гьебмехалда.
Нилъеца гьедин малъулеб буго, ракІ-ракІалъулаб рокьиги, бацІцІадаб намусги, унго-унгояб божи-иманги цІикІкІине бокьун.
Нилъер ТІадегІанасул баркат гьарзалъана дие. МасихІ ГІисаде цолъидал божи-иманги рокьиги цІикІкІана дир рекІелъ.