Гьедин, МасихІ хваралъуса вахъин нижеца лъазабидалги, нужер цо-цоязда кин абизе кІолеб хварал чІаголъизаруларилан?
Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила.
Ибрагьим божун вукІана Аллагьасда хваралги чІаголъизаризе кІолеблъиялда. Абизе бегьула, хІакъикъаталдаги хваралъуса вахъинавун нахъе щванин гьесие жиндирго вас абун.