Инсанасе бокьунилан Аллагьасул цониги калима рещтІинчІелъулха ракьалде. Аллагьасул калам инсанас халкъалъе бицунаго, Илагьияб РухІалъин гьев кІалъазе тІамулев.
Нужеца, дир хириял, ракІалде щвезабе хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил чапарзабаз щиб бицунеб букІарабали.