Божизе бегьулев вац вугилан дица рикІкІунев Сильваница кумекги гьабун, гьаб къокъаб кагъат хъвана нужехъе, нуж къвакІун чІезе ва хІакълъунго гьеб кинабго Аллагьасул баркат букІиналда нуж божизе. Аллагьасдасан бачІараб баркаталъул нух щулаго ккве.
Дир чорхолъ рухІ бугебгІан заманаялда нахъаса къотІичІого гьеб нужеда ракІалде щвезаби дица дида тІадаб ишлъун рикІкІуна.