Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Петра
1 2 3
Параллельные места
Гьезие жаваб гьабун, ГІисаца байбихьана: – Воре, цо лъицаниги къосинаризе гурин нуж! Нужеца нужеего гІамал гьабе: щаян абуни, дун сабаблъун нуж судалде ахІила, синагогабазухъе рачун рухила, наибзабазда ва парччахІзабазда цере чІезарила, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе. Воре, нуж рорчІуда чІа, кида бачІунебали лъаларелъул гьеб заман. Гьединлъидал, вахъун чІун вугилан ккарав гІодов ккезе гурин. Гьезул кІалдир ругьунлъун руго жалго реццулел ва гьодорал рагІаби. Къосараб гІумру гьабулездаса гьанжего-гьанже рикІкІалъизе байбихьарал гІадамал гьез квегъун буссунареб чорхол гьаваялъул гьиналъ кквезе тІамула. Гьединлъидал ракІалде щвезабе гІодове вортизегІан мун кинаб борхалъиялда вукІаравали. Тавбу гьабе дуца. Дол тІоцере гьарулел рукІарал ишалги гьаре. Дуца гьедин гьабичІони, вачІун гьенивегун, бугеб бакІалдаса добегІан хъурщизабила дица дур чирахъ, – дуца тавбу гьабизегІан.
2. Петра
1 2 3
Выбор основного перевода