Ахая вилаяталъул наиблъун Галлион вугеб заманаялда, киналго рекъон жугьутІал Павелида тІаде кІанцІана ва гьев судалде вачана.
Иналъе гІиллаги бицинин: Македониялъулги Ахаялъулги иман лъураз хІукму гьабун буго Иерусалималда ругел мискинал диналъул вацазе кумек гьабизе.
Дун нужеда цІакъ божун вугевха! Дун нужедаса цІакъ чІухІун вугевха! Гьаб кинабго гІазаб-гІакъуба бугониги, дун цІакъ чІаголъиялда вуго! ЦІун тІасан чвахулеб рохелги буго рекІелъ!
Гьеб ишалъул рахъалъ дица нужее гьадинаб гІакълу кьела: гъоркьиса байбихьараб хІалтІи гьанже рагІалде бахъинабун лъикІ нужеца. Гьеб тІоцебе байбихьарал чагІиги нуж руго, гьеб гьабизе тІоцебе бокьарал чагІиги нуж руго.
Доб мехалда букІараб гІадинаб гъира-шавкъалда, нужерго ресалда рекъон, рагІалде бахъинабе нужеца гьеб иш.