Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьеб бихьидал, халкъалъул руккел кутакалда хІинкъула, инсанасе гьединаб ихтияр кьурав Аллагьасе рецц гьабизе лъугьуна. Нужеца гьаре Ягьудиялда ругел иман лъечІезул заралалдаса дун цІунеян ва дица доба гьабизехъин бугеб иш Иерусалималда бугеб Аллагьасул халкъалъ лъикІго къабул гьабегиян. МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабизе дун Троадаялде вачІараб мехалъ, ТІадегІанас дие нуцІа рагьун батана. Гьез кутакалда гьарулеб букІана нижеда Аллагьасе хирияб халкъалъе жидецаги кумек гьабизе биччайилан. МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабарги босун тІоцере нужехъе щварал чагІи нижлъидал, нужехъе рачІунаго гІорхъи бахине ккечІо нижеца. Цинги ниж ина нужедасаги дорегІан ругел ракьазда Рохалил хабар тІибитІизабизе, гьезул хурзабахъ цогидаз гьабураб хІалтІиялдалъунги реццариларо. Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар.
Выбор основного перевода