Нуж пашманлъизаруни, дица пашманлъизарураз гурони, лъица дун вохизавилев?
Дица доб кагъат хъван букІана нужехъе вачІараб мехалъ, вохизавизе кколез дун пашманлъизавизе бокьичІого. Дир ракІчІола, дун вохун вугони, нуж киналго рохизе рукІиналда.
Доб кагъат хъвалеб мехалъ дун цІакъ пашманго вукІана: ракІги къварилъун букІана, бераз магІуги тІолеб букІана. Нуж пашманлъизаризе гуреб, нужеде бугеб дир рокьул гьарзалъи бихьизабизейин дица доб кагъат хъван букІараб.