Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьардарал гурищ гьел, гІодулел ругел, – гьел рохизаризе ругелъул. ГІисае хилиплъарав Ягьудаца, гьев чІвазе хІукму гьабун букІин лъайдал, жинцаго гьабуралдаса ракІ бухІун, доб лъеберабго гІарцул гъурущ чІахІиял кашишзабазухъеги чІухІби-хІакимзабазухъеги нахъе кьуна. Гьес абуна: «ГІайибго гьечІеб бидул хІакъги мунагьги ккана диде». Гьез абуна: «Нижеца щиб гьабеянха мун вугев? Дур иш буго гьеб». Мукъадасаб Рокъобе рехун гьеб гІарацги тун, Ягьуда нахъе ана ва живго жинцаго гъанкъана. Лъабабизеги гьикъана ГІисаца гьесда: – Я, Иоаннил вас Симон, дуе дун вокьулевищ? Жив дуе вокьулищилан лъабцІул тІатІалаго гьикъулеб бугин гьасилан пашманлъана Пётр. Гьес ГІисада абуна: – Я, БетІерчІахъад, кинабгоги лъалагури дуда. Дие мун вокьулевлъиги лъала дуда. ГІисаца гьесда абуна: – Дир чахъаби кваназаре дуца. Гьеб хабар рагІидал гьел гІодоре риччана. Аллагьасе рецц гьабун гьез абуна гьанже Аллагьас цогидал халкъазеги рес кьун бугин абадияб гІумру насиблъулеб тавбу гьабизе. Диени киданиги сундасаниги чІухІизе бокьиларо, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хъанчидаса гурони! Гьеб хъанчида тІад бигъун хвана дие гІаламги гІаламалъе дунги. ГІадлуялъ цо дагьабго заманалда рохизе гуро гьарулел, пашманлъизейин, гьеб гІадлуялъ малъухъе хьвадаразе нахъа шапакъатлъун щола сах-саламалъиги ритІухъаб гІумруги. Нужеда лъала цинги гьесие бокьун букІараблъи инсудасан баркат щвезе, амма щвечІо. Бадиса магІу чвахулаго гІамал гьабуниги, гьеб жиндихъаго ккараб гъалатІ битІизабун бажаричІо гьесухъа. ГІайиб гьечІого тамихІалда гъоркье ккедал Аллагьги рекІелъ цІунун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Гьев разилъула.
Выбор основного перевода