Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
ТІухьдузда хъван буго: «Мун сабаблъун ниж щибаб къоялъ хвалил бадире ралагьун руго. Мун сабаблъун ниж рикІкІунел руго хъвезе рачун унел чахъабилъун». Я, вацал, Асиялда нижее букІараб къварилъиялъул хІакъалъулъ нужедаги лъазе бокьун буго. Баччизе кІвеялдаса араб хІалалде ккедал, чІаго хутІиялдаса хьул къотІун букІана. Къадаралде щвезехъин ругилан ккун, нижедаго божулел рукІинчІо, хваралъуса рахъинарулев Аллагьасде тІамун тун букІана. Гьес хвасар гьаруна ниж гьеб гІасияб хвалдаса. Гьанжеги хвасар гьарулел руго, ва хадурги хвасар гьарилилан хьулги буго. ГІисал хвел нижеца кидаго нижерго чорхолъ чІезабула, гьелдаго цадахъ нижер чорхолъ ГІисал гІумруги загьирлъизе. ЧІаго ругебгІан мехалъ, ниж ГІисае гІоло хвезарулел руго. Нижер чурхдул хвалие мутІигІлъаниги, гьезулъ загьирлъула ГІисадалъун насиблъулеб абадияб гІумру.
Выбор основного перевода