Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Дир гаргаралъги хабаралъги нужее гьабураб асар – гьеб букІинчІо гІакъилал рагІабазул хІасиллъун. Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги мугІжизатаздалъунги лъугьана гьеб гьедин, – Нижеца рехун тана гІадамазда рихьизе, рагІизе нечарал ишал, хІилла-макруялдалъун щивниги гуккуларо, Аллагьасул рагІиялъул бакІалда гьерсал рекъезаруларо. Рагьун киназего хІакъабщиналъул бицунаго, ниж Аллагьасда цере чІола, ниж щалали ва кинал чагІияли халкъалда рихьизе. Гьеб рагъулъ ниж гІадамазул гІадинаб яргъидалъун гуро рагъулел, ниж рагъула щулиял хъулбиги щущазарулеб гучаб яргъидалъун. Аллагьасдасан щвана нижее гьеб. Аллагьасул къолден ретІе, илбисалъул макруялдаса къунгутІизе. Гьедин бугелъул – Аллагьасул нухда рагъ гьабизе къваригІунебщинаб ретІе, чІегІераб къо чІедал гьезда дандечІезеги щибго хІехьезеги нужер къуват-гуч гІезе.
Выбор основного перевода