Гьелъ загьир гьабула, гІицІго божи-иманалъухъ балагьун гурони, инсан Аллагьас ритІухъ гьавуларевлъи. ТІухьдузда хъван бугелъул: «РитІухъав инсан жиндирго божи-иманалдалъун чІаго хутІила».
Амма гьанже нилъее рагьана гьеб, Къануналъухъго балагьичІого, Аллагьасда цере ритІухълъулеб нух. Къануналъги аварагзабазги цебеккунго бицун букІараб нухин гьеб.