Дун ккола цІолбол гъабу, нуж ккола гьелъул чІорал. Гьев чи дилъ вугони, дун гьесулъги вугони, гьеб чІоралда тІад гІемераб цІибил бижила. Дидаса ратІалъун нужеда щибниги гьабизе кІоларелъул.
Гьедин абизе хІинкъуларо, дун гьоркьов ккун, МасихІица гьабуралъул хІакъалъулълъидал дица бицунеб бугеб. Гьес гьеб гьабуна мажусиялги Аллагьасе мутІигІлъизе гІоло, гьабуна рагІудалъунги ишаздалъунги,