Дурго диналъул вацасухъа ккани мун къварид гьавулеб мунагь, чи гьечІеб бакІалда бадибчІвай гьабе гьесие. Гьев духъ гІенеккани, дуе дурго вац нахъе щола.
Я дир вацал, цо чияс кинаб бугониги мунагь гьабун букІин лъани, РухІалъ малъухъе хьвадулел ругелъул нуж, хІалимго-хІеренго битІараб нухде ваче нужеца гьев. Вореха, нужгоги къосине гурин.
Нижеца нужеда гьарулеб буго, вацал: кІвахІалазда рагІи абе, хІинкъаразул ракІбатизабе, загІипазда квер чІвай, киназдехунго сабруялда рукІа.