Жанир гІадамал чІолел чадрал гьарун бетІербахъарал чагІи ратана гьел рос-лъади. Гьебго махщелалъул чи Павелги вукІиндал, гьезда цадахъ хІалтІизе лъугьана гьавги.
ЗахІмат бихьун гурони хинкІ-чедги щолеб гьечІо нижее. Ниж хІакъир гьарула – нижеца баркат лъегиян абула, нижее гІазаб кьола – нижеца хІехьола.
ЦІогьодулев вукІарав цІогьодуге, жиндирго кверал квалквадун магІишат гьабизе лъугьа, язихъасеги кьезе рес букІине.