Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Параллельные места
Гьезухъги дур вац гІенеккичІони, иман лъуразул агьлуялда бице. Гьезухъги гьев гІенеккичІони, дуца гьев рикІкІе Аллагь лъаларевлъун яги магъало бакІарулев чилъун. Дица нужехъе битІараб кагътида хъван букІана пасатал чагІазулгун гьоркьоблъи гьабугейилан. Дица хъван букІана, жидеца иман лъун бугиланги абун, пасалъиги гьабулел, хъантІун магІишатги гьабулел, гьересиаллагьзабазе лагълъиги гьабулел, мацІги гьабулел, хІилла-рекІкІги гьабулел, гьекъолдизеги гьекъолдулел гІадамазулгун хурхен гьабугейилан, хІатта гьезда цадахъ гІодор чІун кванагейилан. Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб? МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев? Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас. – Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге». ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун нижеца нужеда лъазабулеб буго, вацал, кІвахІалалщинал ва нижеца гьениб малъарабщинабги босичІел нужер агьлуялъул чагІаздаса рикІкІад чІайилан. Цо лъицаниги гьересинасихІат гьабулеб бугони, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъал рагІабаздаса, унго-унголъун Аллагьасе гІибадат гьабиялдаса щивниги кьурулев вугони, гьев ккола чІухІи-пахрулъиялъул цІурав ва щибго бичІчІуларев чи. ЖахІдаги, кьалги, хьандейги, квешал щакдарабиги рижулеб дагІба-рагІиялде ва рагІабазул магІна сабаблъун къацандиялде бугеб хІасраталъ унти ккезабун букІуна гьединав чиясда. Гьелдалъун бижула гІаданиб нах гьечІел ва хІакъабщинаб жидехъа биларал гІадамазул нахъаса къотІи гьечІеб къец. Гьезда ккола божи-иман бугин жалго бечелъиялъе баккараб ицц. ХІакъикъаталда божи-иман кІудияб бечелъи буго гІицІго жидер бугеб жоялда ракІ разилъизе лъалел гІадамазе. Нилъеца дуниялалде щибго босун бачІунарелъулха ва гьаниса щибго цадахъ босизеги нилъеда кІоларелъул. Квине квенги ретІине ретІелги бугони, гьелда разилъун рукІина! Бечелъизе бокьарал гІадамал къосуна, гІемерал гІантал ва заралиял къасдазул къорикье ккола. Гьел къасдаз гІадамал рехула гьел гъурулел ва хвезарулел карачалабалъе. Киналго квешлъабазул аслу-кьучІ ккола гІарац бокьи. Руго гІадамал гІарцуда хадур лъугьунаго божи-иманалъул нухдаса тарарал ва гІакъуба-къварилъабазул чІораз рекІеда ругъун лъезе биччарал. Амма мун, Аллагьасул лагъ, гьелдаса лъуте! Дуца тІалаб гьабе ритІухълъи, унго-унгояб муъминлъи, божи-иман, рокьи, къуркьунгутІи, хІеренлъи.
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Выбор основного перевода