Гьелдаса хадуб ункъоялда ункъо сон къороллъуда арай гьей, къасиги къадги кІал ккун, какал ран, кидаго Мукъадасаб Рокъоса къватІие яхъинчІого, БетІергьанасе тІагІат-гІибадаталда чІун йикІана.
Къасиги къадги жиндир цІобалде хьул лъун, гьари-дугІаялда жинде ахІделел ругел тІаса рищарал лагъзал Аллагьасги цІуниларищ? Гьезул мурад тІубазабизе кватІилищ гьев?