Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Чапарзабазда цере чІезаруна гьел. Чапарзабазги, дугІаги гьабун, гьезда тІад квер лъуна. КІалги биччан, дугІаги гьабун, доз Барнабадаги Шаулидаги тІад квер лъуна ва нахъе ритІана. БецІлъиялъул пайда гьечІел ишазулъ гІахьаллъуге. Гьел къватІир чІвазаризейин нужеца кколел. Аллагьасдасан рещтІаралда рекъон, иман лъуразул агьлуялъул бутІруз, дугІаги гьабун, тІад кверги лъун тІамураб мехалъ, Аллагьасул амруялдалъун дуе насиблъараб гьунаралдаса пайда босичІого чІоге. Гьеле гьединлъидал дица дуда ракІалде щвезабулеб буго: дица тІад квер лъун Аллагьасдасан дулъе лъугьараб махщел-гьунаралъул цІа боркьизабе.
Выбор основного перевода