Мусал къануналда гурищ абун бугеб: «Дурго инсулги эбелалъулги адаб-хъатир гьабе!» Хадубги: «Жиндирго инсул яги эбелалъул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав чи чІвазе ккола».
Лъималги, ТІадегІанасде цолъун, эбел-инсуе мутІигІлъун лъикІ.
Аллагьасул амруязда гьоркьор руго тІуразаруни шапакъат щолилан рагІи кьурал амруял. Гьезул тІоцебесеб амру ккола: «Дурго эбел-инсул адаб-хъатир гьабе.