Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Нужее лъикІлъиялъе дица гьеб кинабго бихьизабуна, вацал, нужеда, Аполлосилги диргоги мисалги бачун, «хъвараб гурони лъугьунарилан» абурал рагІабазул магІна нужедаги бичІчІизе ва, лъикІалги тІокІалги ругилан, цоцазда цере чІухІдарунгутІизе. Нужеда гьоркьор руго нич гьечІел гІадамалги. Гьезда ракІалде кколеб батила дун тІокІав гьениве вачІинарилан. Гьев вачІиналдаса гуребги, нужеца гьесда кверчІванилан бициндалги вохана. Гьес бицана, нуж диде ракІщун ругилан, дандеккунгутІи сабаблъун къварид ругилан, кІудияб гъира-шавкъалда нужеца дир рахъ кколебги бугилан. Дагьавги цІакъ вохана дун гьелдаса. Халгьабеха гьеб Аллагьасдасан бачІараб пашманлъиялъ нужелъ гъира-шавкъ бижизабураб куцалъухъ! Нужго рацІцІалъизе бахъараб хІаракаталъ, мунагь гьабурасдехун ццидал кутакалъ, гьелда хурхун букІараб ахІи-хІуралъ, дун вихьизе бугеб урхъиялъ, гІайиб ккарасе гьабураб тамихІалъ, – гьеб киналдалъунго нужеца бихьизабуна нуж гьеб ишалъулъ рацІцІадал рукІин.
Выбор основного перевода