11
Дица хъван букІана, жидеца иман лъун бугиланги абун, пасалъиги гьабулел, хъантІун магІишатги гьабулел, гьересиаллагьзабазе лагълъиги гьабулел, мацІги гьабулел, хІилла-рекІкІги гьабулел, гьекъолдизеги гьекъолдулел гІадамазулгун хурхен гьабугейилан, хІатта гьезда цадахъ гІодор чІун кванагейилан.
Гьезухъги дур вац гІенеккичІони, иман лъуразул агьлуялда бице. Гьезухъги гьев гІенеккичІони, дуца гьев рикІкІе Аллагь лъаларевлъун яги магъало бакІарулев чилъун.
Гьенир ратарал вацазул гьари къабул гьабун цо анкь гьезда аскІобги бана. Гьале ниж Рималде щвана.
РецІел босизейилан лъугьунге, дир хириял. Аллагьасул ццин бахъине биччанте гьединал гІадамазда. ТІухьдузда хъван буго: «РецІел Дихъ буго, Дица бецІула», – ян.
Нечоларищ нуж? Диналъул вацал рекъезаризе кІолев цониги гІакъилав чи нужеда гьоркьов ватичІого вукІине рес гьечІо.
Бихьулищ – вацас вац судалде вачунев вуго, гьебги – иман лъечІез хІукму къотІизе.