Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб? МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев? Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас. – Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге».
Выбор основного перевода