Амма Аллагьас бихьизабуна гьесие нилъ рокьулеллъи: мунагьазул цІун нилъ ругеб мехалда, нилъее гІоло хвана МасихІ.
Аллагьасул тушбабилъун нилъ рукІараб заманалда, гьесул Вас хвей сабаблъун, рекъел ккана гьесдаги нилъедаги гьоркьоб. Рекъел ккун хадуб кигІан цІикІкІунха нилъ хвасарлъилел гьев чІаголъи сабаблъун.
Гьев вуго нилъер мунагьал чуризе къурбан, цохІо нилъер гурелги, тІолабго гІаламалъул мунагьал чуризе къурбан.