Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Нужер къануналдагицин хъван бугогури кІиго чиясул нугІлъи гІолилан. Бахча-хьван жиндирго иш гьанжего гьабулеб буго гьеб квешлъиялъ. Амма гьеб ккун чІезабун бугев нухдаса нахъе вачинегІан, квешлъи загьирлъиларо. Ахирзаман гІагарлъулеб буго, дир лъимал. Нужеда рагІун букІана Тажал (МасихІил тушман) вахъине кколилан. Гьанже гьел МасихІил тушманзаби гІемерлъун ругелъулин нилъеда лъалеб бугеб ахирзаман гІагарлъун букІин. МасихІ гурилан ГІисаде абулев чиги гьерсихъан гурев ватани, гьерсихъан щивха цинги кколев? Гьединав чи ккола Инсудасаги Васасдасаги инкар гьабурав Тажал. Инсанасул къаркъала-черхгун ГІиса МасихІ ракьалде вачІун вукІинчІилан абулел гІемерал гьерсихъаби рачІун руго дуниялалде. Гьедин абурав чи ккола гьерсихъанги МасихІил тушманги.
Выбор основного перевода