Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьересиаварагзабаздаса цІуне! Гьел нужехъе рачІуна чахъдал цІокоги тІад ххун. ХІакъикъаталда гьел руго хъантІарал бацІал. ГІисаца абуна: – Воре, цо лъицаниги къосинаризе гурин нуж! Киналъулго хІалбихье, лъикІабги ккун чІа. Амма ГІизраилалъул халкъазда гьоркьор гьересиаварагзаби рукІаралго гІадин, нужеда гьоркьорги рукІине руго гьересинасихІатчагІи. Гьез нужехъе балъгого росун рачІина кина-щинабго щущазабулел гьерсал. Гьез инкар гьабизе буго жалго тархъан гьарурав ТІадегІанав ПарччахІасдаса, гІасияб гІажал жидедаго тІаде хехгого цІазе буго. Ахирзаман гІагарлъулеб буго, дир лъимал. Нужеда рагІун букІана Тажал (МасихІил тушман) вахъине кколилан. Гьанже гьел МасихІил тушманзаби гІемерлъун ругелъулин нилъеда лъалеб бугеб ахирзаман гІагарлъун букІин. Инсанасул къаркъала-черхгун ГІиса МасихІ ракьалде вачІун вукІинчІилан абулел гІемерал гьерсихъаби рачІун руго дуниялалде. Гьедин абурав чи ккола гьерсихъанги МасихІил тушманги.
Выбор основного перевода