Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьел къоязда гІадамал жидеего хвел балагьизе лъугьина, амма гьезда гьеб батиларо. Хвезе бокьун рукІина гьел, амма хвел гьездаса лъутила. Аллагьасдасан бачІараб Илагьияб РухІ пашманлъизабуге, тІубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чІван бугеб. Доб ункъабго рухІчІаголъабазда гьоркьосан цо гьаракь рагІана дида: «Ролъул цо сахІалъул багьа – цо динар, пурчІинадул лъабго сахІалъул багьаги – цо динар. Зайтуналъул гъутІбиги цІолбол гъабуги къотІуге». Ва гьезда лъазабун букІана, Аллагьасул мугьру надалда гьечІел гІадамазе гурони, я ракьалда бижараб харие, я кинаб букІаниги гІурччинлъиялъе, я кинаб букІаниги гъотІое зарал гьабугеян. Дун валагьана – гьале Сион магІарда буго КьегІер ва гьелда цадахъ вуго гьелъул цІарги ва гьелъул Инсул цІарги надалда хъварав нусиялда кІикъоялда ункъазарго чи. Тахалда цебе, ункъабго рухІчІаголъиялдаги хІакимзабаздаги цебе цІияб кечІ ахІулеб буго гьел гІадамаз. Дуниялалъухъа ричун росарал гьел нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда гурони, цоги лъиданиги кІвечІо гьеб кечІ ахІизе ругьунлъизе. Гьезда гьесул гьумер бихьила, ва гьезул надалдаги лъугьина гьесул цІаралъул гІуж.
Выбор основного перевода