Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Бергьаравги, гьелго гІадин, хъахІаб ратІлилъ вукІине вуго. ГІумруялъул тІехьалдаса гьесул цІарги киданиги хъвагІаларо дица. Гьесул цІар рехсела дирго Инсудаги гьесул малаикзабаздаги цебе. Дица дуе гІакълу кьела дихъа бичун босейин цІаялъ бацІцІад гьабураб месед – мунго бечелъизе; дихъа бичун босейин хъахІаб ретІел – дурго инжитаб гІицІлъи бахчизе; дихъа даруги бичун босейин – дурго бадиб бахине. Гьебмехалда канлъи бихьила дуда. Гьеб тахалда сверунги букІана жеги къоло ункъо тах. Тахазда гІодор чІун рукІана къоло ункъо хІаким. Гьез ретІун букІана хъахІаб ретІел, ботІрода букІана меседил таж. Гьезул щивасе кьун букІана хъахІаб ретІел ва гьезда абулебги букІана нуж цодагьаб мехалъ чІайин, – нужго гІадин чІвазе ругел нужер гьалмагъзабиги вацалги тІаде журан, гІураб къадар ккезегІан чІайин. Нахъеги валагьана дун. Гьале щибаб миллаталъул, наслуялъул, халкъалъул ва мацІалъул гІадамаздасан лъугьараб, лъиданиги рикІкІун хІалкІолареб руккел чІун буго тахида ва КьагІрида цебе. Киназго ретІун руго хъахІал гІабаби ва хъатикь ккун руго чамасдакил гъотІол гІаркьалаби. Ва Аллагьасда цеве жидерго тахазда гІодов чІарав къоло ункъавго хІакимас, кІалагъоркье речІчІун, Аллагьасе сужда гьабуна.
Выбор основного перевода