Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулев чи гІодове виччарав вукІине ккола.
КватІичІого ккезе бугелъул хІакъалъулъ жиндирго лагъзадерида лъазабизе Аллагьас ГІиса МасихІидалъун загьир гьарурал ишазул бицунеб буго гьаб тІехьалда. Гьесги гьел ишал, малаикги витІун, жиндирго лагъ Иоанниеги загьир гьаруна.
Дуда бихьизабурабщинаб – гьанже ккарабги ва хадуб ккезе бугебги – хъвай дуца.