Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Откровение
Параллельные места
Анкьго балагьги босун, гьеб кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана анкьго малаик. Гьезда букІана бацІцІадаб ва кенчІолеб ретІел, карандасан борчун букІана меседил рачел. Зодисан гІадамазда тІаде бана щибалъул бакІлъи кІикъоялда анцІго килограмм бугеб горо. Гьеб балагьалъул гІасилъи бихьун, гІадамаз Аллагьасде гІайиб гьабулеб букІана. Шагьаралъул къватІ кІийиде бикьизабун чвахулеб букІана гьеб. ГІумруялъул гъотІол – анцІила кІиго нухалъ жинца пихъ кьолеб ва щибаб моцІалъ тІад пихъги бижулеб гъотІол гІаркьалаби гІунтІун ругоан гІурул кІиябго рагІалалде. Гьеб гъотІол тІамахги халкъазе дару буго. Гьардарал гурелдай гІумруялъул гъотІодаса пихъ кваназейилан ва шагьаралда жанире кавудухъан лъугьинейилан ретІел чурун бацІцІад гьабурал гІадамал.
Откровение
Выбор основного перевода