Гьел тІокІал киданиги ракъиларо, къечеларо, бакъул бухІиги гьезие букІинаро, багІари-гьелегьинги гьезда хъваларо.
Тахил бакьулъ бугеб КьегІер гьезул вехьлъун лъугьунелъулха. Гьелъ рачина гьел маулхІаяталъул иццухъе, Аллагьас гьезул бадиса щибаб магІил гороги бацІцІина».