Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цоги дица дуда абулеб буго мун Пётр (Кьуру) вугилан, гьеб кьурда тІад бала дица дирго Килиса, ва хвалил къуваталъе къуркьиларо гьеб. Гьединлъидал дир Инсуца дие ирсалъе кьураб ПарччахІлъи дица нужееги ирсалъе толеб буго. Дир ПарччахІлъиялда нужги дида цадахъ квана-гьекъолел рукІине руго ва Исраилил анцІила кІиябго наслуялъе суд гьабизе тахазда тІад гІодорги чІезе руго. Цинги дие щвараб баркатги лъан, дихъеги Барнабахъеги, нилъ цолъун рукІинилан, квер бегьана иман лъуразул агьлуялъул бутІруллъун рикІкІунел рукІарал Якъубица, Кефаца ва Иоанница. ХІукму ккана ниж цогидал халкъазухъе ине, гьел жугьутІазухъе ине. Чапарзабазги аварагзабазги тІамураб кьучІалда тІад бараб миналъун руго нуж. КьочІол гамачІлъунги МасихІ ГІиса вуго.
Выбор основного перевода