Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьелда цебе бацІцІадаб цІорол гІадинаб ралъад бугилан кколеб букІана. Тахалъул ункъабго рахъалда букІана цереги нахъаги гІемерал берал ругеб ункъо рухІчІаголъи. ТІоцебесеб рухІчІаголъи гъалбацІалда релълъараб букІана. КІиабилеб – оцода релълъараб букІана. Лъабабилелъул гьумер инсанасул гІадинаб букІана. Ункъабилеб релълъун букІана боржун унеб цІудуда. Гьеб ункъабго рухІчІаголъиялъул щибалда букІана анлъ-анлъ кваркьи; жанисанги къватІисанги гьел куркьбаздаги рукІана берал. Къасиги-къадги гьоркьоса къотІичІого гьез ахІулеб буго: «ВацІцІадав! БатІияв! Къудратав! ХІалкІолев БетІергьан Аллагь! Жив хІакъав, абадияв ва даимав!»
Выбор основного перевода