Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьелда цебе бацІцІадаб цІорол гІадинаб ралъад бугилан кколеб букІана. Тахалъул ункъабго рахъалда букІана цереги нахъаги гІемерал берал ругеб ункъо рухІчІаголъи. Доб ункъабго рухІчІаголъиги къоло ункъавго хІакимги гьеб КьагІрида цере кІалагъоркье ккана ва щивасда кодоб букІана арфаги кьеккен гьабулеб махІгьуинаб нахул цІураб меседил щурунги. (Гьелъул магІна – Аллагьасул халкъалъул дугІа.) Доб жанавар бугеб бакІалда мугІжизаталги рихьизарун, ракьалда ругелщинал гуккулел рукІана. Гьелъ гьезие амру гьабулеб букІана, хвалчадул ругъун лъуниги чІаго хутІараб тІоцебесеб жанаваралъул сурат гьабеян. Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана тІоцебесеб жанаваралъул сураталда рухІ лъезабизе, хІатта гьелда кІал-мацІ бижизабизегицин. ХІалкІолъи кьун букІана гьеб сураталъе сужда гьабизе бокьичІел гІадамал чІвазаризеги.
Выбор основного перевода