Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ДугІа гьабулаго дагьа-дагьавккун гьездаса рикІкІалъизе лъугьана ва зобалазде восун ана. Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе. МасихІица парччахІлъи гьабила Аллагьас гьесул киналго тушбаби гьесул малакь чІезаризегІан. Дида лъала МасихІиде цолъарав цо чи. Гьанжеялдаса анцІила ункъо соналъ цеве лъабабилеб зодове восун ун вукІана гьев. (Черхгун цадахъищ – дида лъаларо, гІицІго рухІищ – гьебги лъаларо, Аллагьасда лъала.) Инсухъа дие кверщел щвараб гІадин, гьесухъеги щвела, маххул тІилица цере къотІун, гьел рехъаде рачине ва, щагІил хъуби кинигин, гъуризе кверщел.
Выбор основного перевода