12
Гьединлъидал, зобал ва зобалазда ругелщиналги, нужеца рохел гьабе! Амма, ракьги ралъадги, нужедени балагь бачІина, – жиндие дагьаб заман хутІун букІинги лъан, гІасиго ццин бахъун, илбис нужехъе рещтІун бугелъул».
Вачун вачІунаго, жен васасде тІаделъана, тІамун гІодовгун, тІеркІезавуна. Амма ГІисаца гьеб хъубаб жен чІезабуна ва сахлъизавун васги инсухъе кьуна.
Дун витІарав Аллагьас тІадкъараб иш, бакъ цебе букІаго, тІубазе ккола нилъеца. ТІаде щолеб буго лъиданиги щибниги гьабизе кІолареб сордо.
ЦІодорго чІа, рорчІи ккве, нужер тушман илбис нужеда сверун лъугьун бугебин, тІу-тІун бан кваназе чан балагьулаго гІергІедулеб гъалбацІ гІадин.
Дун валагьана, ва дида рагІана зоб бакьулъан боржун унеб цо цІудуца кутакаб гьаракьалдалъун гьадин ахІулеб: «Вай, вай, вай, жеги ссуралъубе пуйчІев лъабго малаикас ссуралъубе пураб мехалда, гьаб ракьалда ругезде бачІине бугеб балагьха!»