Юнус аварагас ччугІил чохьониб бана лъабго къоги лъабго сордоги, гьелда релълъун ГІадамил Лъимацаги ракьул чохьониб базе буго лъабго къоги лъабго сордоги.
Цинги гьес бицине байбихьана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги вугин.
Жиндирго муридазе насихІат гьабулев вукІана гьев. ГІисаца гьезда бицана: – ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове, цинги гьез гьев чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина.
ГІисаца бицана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ Аллагьас чІаголъизавизеги вугин.
вухила-кьабила, цинги чІвала ва хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъила.