Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Матфея
Параллельные места
Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса. Гьесул гьумер бакъ гІадин гвангъана, хъахІлъун лъугьараб ретІел нурлъун кенчІелеб букІана. Гьесул ретІел лъугьана, гІазухъахІаб кьерги чІван, кунчІ-кунчІизе; кигІан цІакъ чураниги кІвелароан гьеб гьедин хъахІлъизабизе. Гьари-дугІаялда ГІиса вукІаго, гьесул гьурмал куц хисана, ретІелги хъахІлъана, кенчІезе лъугьана. ГІисал жаназа букІараб бакІалда къаданив гІодов чІун цояв, хІатІаахада гІодов чІун цогияв – хъахІаб гІабаги ретІарав кІиго малаик вихьана гьелда. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна:
От Матфея
Выбор основного перевода