Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьедин гьезие хабар бицунев ГІиса вукІаго, аскІовеги вачІун, цо хІакимас накалда чІун гьарана гьесда: – ГьабсагІат хвана дир яс. ВачІун дуца цо квер хъвани, чІаголъила гьей. Гьел къватІире индал, ГІисахъе вачун вачІана жундуз ккурав мацІ лъаларев чи. ва кутакалда гьардезе лъугьуна: – Дир яс холей йиго, вачІун дуца цо квер хъвани, сахлъила гьей, чІаго хутІила гьей. ГІисаца кверги ккун гьев чи росулъа къватІиве вачана ва гьесул кІиябго бадибеги ту-тун, беразда квералги рахъун, гьесда гьикъана щибниги бихьулеб бугищилан. ГІисаца нахъеги беразда кверал рахъараб мехалъ, гьев чи цеве валагьана, – бералги сахлъун, кинабго жо баянго бихьулеб батана гьесда. Бакъ тІерхьунеб гІужалъ гІадамаз гьесухъе рачун рачІана батІи-батІиял гІузрабаз унтарал чагІи. ТІад квер лъун, гьел киналго сахлъизаруна гьес. Цо нухалъ цо чиясул чорхолъа ГІисаца бачахъана гІадан мацІ лъаларевлъун лъугьинавулеб жен. Чорхолъа жен индал, мацІ лъаларев чи гаргадизе лъугьана, гьелда гІажаиблъи гьабун халкъги хутІана. Цинги гьелда тІад квер бахъана гьес. ГьебсагІатго гьелъул гьод битІун бачІана, Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана гьей. гьесие илгьам лъугьана Анания абун цо чи вачІине вугин духъе, гьес тІад квер лъурабго беразда канлъиги бихьизе бугилан. Киналго гІорцІизегІан кванана, анцІила кІиго гьегь цІураб нахъегицин хутІана. Публийил эмен ватана, бакъул унтиялъги риххалил унтиялъги тату хун, бусаде ккун. Гьесде ваккизе ун, Павелица дугІа гьабуна ва тІад квер лъун гьев сахлъизавуна.
Выбор основного перевода