Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Кина-щинабго пасалъиялъулги, квешлъиялъулги, хъантІиялъулги, ццидалги цІун руго гьел. ЖахІда-хІусудги, чІвай-хъвейги, дагІба-къецги, хІилла-рекІкІги, инжитлъиги цІикІкІун буго. Гьез мацІ гьабула, нахъасан гаргадула, Аллагьги гьезда рихун вуго. Гьел чанкІкІунги руго, чІухІунги руго. Жалго жидецаго реццизе ва квешлъи ургъизе махщелги буго гьезул, эбел-инсухъги гьел гІенеккуларо. Гьезда намус гьечІо, рекІелъ гурхІел гьечІо, рахІмуги гьечІо. Дица хъван букІана, жидеца иман лъун бугиланги абун, пасалъиги гьабулел, хъантІун магІишатги гьабулел, гьересиаллагьзабазе лагълъиги гьабулел, мацІги гьабулел, хІилла-рекІкІги гьабулел, гьекъолдизеги гьекъолдулел гІадамазулгун хурхен гьабугейилан, хІатта гьезда цадахъ гІодор чІун кванагейилан. Нужеда лъаларебищ пасатал гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъулареблъи? Нужго нужецаго гуккуге! Пасалъи гьабулезе, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулезе, зина гьабулезе, бихьиназдасан лазат босулел бихьиназе, хъантІаразе, цІогьабазе, гьекъолдухъабазе, мацІихъабазе, хъамалчагІазе – гьезул цонигиязе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо. Нилъеда лъала напсалъ гьабулебщинаб: хъахІбалъи, хъублъи, пасалъи, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьаби, сихІручилъи, тушманлъи, дагІба-къец, ракІквешлъи, ццидахин, чІухІун церекІанцІи, цоцазда гьоркьоб рикьи ккезаби, рикьалаби гІуцІи, жахІда, гьекъел-мехтел, пасатго лазат-кеп босизе данделъи ва гьезда релълъаралги. Дица цебеги абун букІана ва гьанжеги лъазабулеб буго нужеда: гьединал ишал гьарулел гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо. ХъахІбалъи, пасалъи ва чияр боцІуде хъантІи гІадинал жалазул цІар рехсезецин бегьуларо нужеца. Иман лъуразул агьлуялда гьеб рекъараб гьечІо. Хъубаб, гІантаб ва гІадан гІад-хочІ гьавулеб хабар бицинеги рекъараб гьечІо. Гьелде руссун рукІинчІого, Аллагьасе рецц гьабе. Гьаб дуниялалъулалщинал жал: хъахІбалъи, хъублъи, чорхол гьава, квешал къасдал къинаре нужелъго ва гьересиаллагьлъун кколеб къарумлъиялъе лагълъиги гьабуге! Лъала къанунал ритІухъго хьвадулезе гІоло рахъулареблъиги. Гьел рахъун руго квешал ва мутІигІлъуларел, пасатал ва мунагьазукьа хІинкъуларел, Аллагь какулел ва Аллагьасдаса ратІалъарал, эбел-эмен чІвалел гІадамазе; чІвадарухъабазе, хъахІбаял гІадамазе цоцаздасан босадул лазат босулел бихьиназе, гІадамал рикъулезе, жидерго гьаги хвезабун, гьересиго нугІлъи гьабулезе ва битІараб нухдаса гьетІаралщиназе. ГІадамазе цохІо жалго рокьила, гІарацги бокьила, жалго жидецаго реццила; гІамал кІодолъила, хъачІал рагІаби абила; эбел-инсухъ гІенеккиларо, баркала лъаларо, иман-диналдаса ратІалъила. Гьел рукІина рекІелъ рокьиги гурхІелги гьечІел, мацІ гьабулел, пасатал, гІасиял, лъикІлъи рихарал, хиянат гьабулел, тІасанккарал, чІухІарал чагІи. Аллагь разилъизавичІого, жидерго чурхдул разилъизарила. Амма хІинкъаралги, божи-иманалдаса руссаралги, инжитлъи-хІакъирлъи гьабуралги, чІвадарухъабиги, хъахІбабиги, сихІручагІиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабуралги, киналго гьерсихъабиги унеб бакІ буго цІадулги чІабтІилги хІор. Гьеб ккола кІиабилеб хвел. КъватІирехун руго гьабиги, сихІручагІиги, хъахІбабиги, чІвадарухъабиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулелщиналги, гьереси бокьулелщиналги, гьересиябщинаб жидеца гьабулелги. ГІай нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужго квешалги рукІун, лъикІал рагІаби кІалалъ абизе кин нужеда кІолеб? РакІалда бугеб гурони кІалалъ бицунарелъул. ЛъикІав чияс лъикІаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе лъикІлъи бахъула, квешав чиясин абуни квешаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе квешлъи бахъула. Цого кІалдисан рачІуна баркалаялъулги нагІанаялъулги рагІаби. Гьедин букІине бегьуларо, дир вацал. Цого иццунисан чвахулебищ бацІцІадабги цІамгІалабги лъим? Инжиралъул гъотІода зайтуналъул пихъ бижулебищ? Яги цІолбол гъабуда тІад инжир бижулебищ? Гьедин цІамгІалаб лъадал иццунисан бацІцІадаб лъим чвахуларо.
Выбор основного перевода