Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьениса къватІиве вахъун, ГІиса нахъеги Галилеялъул ралъдахъе ана. Гьенибеги тІолабго халкъ бачІана гьесда хадуб. ГІисаца гьезиеги гьабуна вагІза-насихІат. ГІиса тІадвуссун рокъове щвана. Нахъеги гьенибе бакІарараб халкъалъул гІемерлъиялъ, ГІисаеги гьесул муридазеги санагІалъи ккечІо гІодорчІун чадил мочІу кІалдиб лъезе. Гьедин гІемерал мисалалги рачун, гьезда бичІчІуледухъ бицунаан ГІисаца Рохалил хабар. РачІунелги унелги гІадамазул гІемерлъиялъ кІалдиб квен лъезецин заман букІинчІелъул, ГІисаца гьел чапарзабазда абуна: – Гьанже нилъ гьазда аскІоса цо гІадан-чи гьечІеб гІалахалде рилълъина цодагьалъ хІухьбахъи гьабизе.
Выбор основного перевода