Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Гьез абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», – абун. Амма Аллагьасул ГІакъиллъи жиндирго ишаздалъун ритІухълъана. ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Нужеца абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», – абун. ГІемерал магъало бакІарулел чагІиги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуги рачІунаан ГІисахъ гІенеккизе. Фарисеялги диниял гІалимзабиги ГІисаде гІайиб-гъвелалда рукІана мунагьазул цІурал гІадамал къабул гьарулел ругилан, гьелгун цадахъ квана-гьекъолев вугилан. КІудияб ахІи-хІур багъарана гьениб. ТІаде рахъун фарисеязул цо-цо диниял гІалимзаби чІчІичІчІидизе лъугьана: – Гьав чиясулъ щибниги квешлъи бихьулеб гьечІо нижеда. Щиб лъалеб, рухІ яги малаик батила гьесда кІалъан?
Выбор основного перевода