Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъ Симон-Пётрица, ГІисал накабазда цеве чІун, суждаги гьабун, абуна: – Я, БетІерчІахъад! Дида аскІоса нахъе а мун! Дун вуго мунагьазул цІурав чи! АскІоре ун, гьез ГІиса ворчІизавуна: – Я, НасихІатчи! НасихІатчи! Нилъ гъанкъизехъин руго! – ян абун. Макьидаса вигьун, гьес гьорода лъазабуна тІокІаб пугейилан, лъадаеги амру гьабуна гьалаглъугейилан. Гьел мутІигІлъана. СихІ къотІун лъугьана. ГІисаца гьикъана: – Дида квер лъица хъвараб? – ан. Киназго инкар гьабидал, Пётрица абуна: – Я, НасихІатчи, халкъалъ мун гьоркьов вазавун вугогури, данде къазавулев вугогури. гьез ахІулеб букІана: – Я, ГІиса! НасихІатчи! ГурхІа нижеда! – ян.
Выбор основного перевода