Гьелдаса хадуб ТІадегІанав ГІисаца тІаса вищана жеги лъабкъоялда анцІго чи ва жиндасаго цере кІи-кІиккун ритІана живго щвезе ракІалда букІарабщинаб шагьаралдеги росулъеги.
Цо шагьаралде щун, нуж гьенир къабул гьаруни, нужее кьурабги кванай, гьенир ругел унтаралги сахлъизаре, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде тІаде гІунтІун бугиланги бице гьезда.