Гьез абуна: – Ниж Ибрагьимил наслу буго, лъилниги лагъзаллъунги рукІинчІо киданиги. Ниж тархъан гьарилин абураб рагІиялъул магІна щиб?
– Нижер эмен Ибрагьим вуго, – ян абуна гьез. ГІисаца абуна: – Нуж Ибрагьимил лъимал рукІаралани, Ибрагьимица гьабураб гьабилаан нужеца.