Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Кайафа абун жинда цІар бугев бищунго кІудияв кашишасул кІалгІаялъуре данделъун рукІана гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги. ЯхІя кІудияв гІолев вукІана, гІакълу цІубалеб букІана. Исраилил халкъалда цеве вахъинегІан гьес гІумру гьабуна гІицІаб авлахъалда. Гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафаца абуна: – Нужеда щибниги лъалеб гьечІоха. Цин гьев вачана гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафал вакьад Гьаннал бакІалде. Гьенир рукІана бищунго кІудияв кашиш Гьаннаги, гьелго кашишзабазул тухумалъул Кайафаги, Иоаннги, Александрги ва цогидалги.
Выбор основного перевода