Бакъ тІерхьунеб гІужалда шагьаралдаса къватІире рахъана ГІисаги муридзабиги.
ГІисаца щибаб къойил гьеб Мукъадасаб Рокъоб гІадамазе вагІза гьабулеб букІана. ЧІахІиял кашишзабаз, диниял гІалимзабаз ва чІухІби-хІакимзабаз хІаракат бахъулеб букІана гьев тІагІинавизе рес ккелародайилан.
Цинги гьениса къватІиве вахъун, кидаго гІадин, Зайтуналъул магІарде ана гьев, муридалги рахъана гьесда хадур.
Зайтуналъул магІарде ана ГІиса.