Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма гьедин тарав квешав рагьтІател, жиндирго бетІергьан тІадвуссун вачІине гІезегІан заман бугин ракІалдеги ккун, РагІини гьездаги рагІула, амма гьезул рекІелъе лъугьарал гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъиялдаги тІагІам-лазаталдаги хадур хачадиялъ гьеб рагІи гъоркь къинабула. Гьединазул хІалухъенги букІунаро. Амма гьедин тарав рагьтІател, жиндир бетІергьан тІадвуссун вачІине гІезегІан заман бугин ракІалдеги ккун, жинца тІалаб гьабизе кколел рагьтІателалги гъаравашалги рухизе-кьабизе лъугьани ва квана-гьекъон къоял тІамулел ругони, щиб ккелеб? Квана-гьекъолел рукІана, лъудби рачунел, россабазе унел рукІана гІадамал НухІ гамида жаниве лъугьинегІан. Цинги тІупан тІуна ва тІолабго махлукъат лъадалъ гъанкъана. Ракълида ругин ва сундулго хІинкъиги гьечІин гІадамаз абулеб мехалъ, чІужугІаданалда тохлъукье хІара чІвалеб гІадин, ракІалдаго гьечІого хвела гьел, ва щивниги хвасарлъиларо. Гьединлъидал, цогидал гІадамал гІадин, кьижиларо, рорчІуда рукІина, ригьун рукІина нилъ.
Выбор основного перевода